Дир бусен, дир гъансито,
Дир хIасраталъул рогьел,
ТIоцебе дий ахIараб
Ихдалил кочIол гьулак.
Буго мун, ЦIада росу,
Нусго цIараки гьечIеб,
Дур панаяб цIагун дун
Дунялалда тирана.
Чваххана цIад, бана цIер —
ЦIорочIо, квачачIо дун.
Дур кунчIиялъ цIунана
Киналго полюсазда.
Биччай, нилъер миллат, мацI
Лъалеб батичIониги.
Лъалеб асар батана
Нусго улкаялда гьеб.
Дир хIасраталъул вацал,
Цо бакIалда ратичIел,
Цо ракIалъул руго гьел, —
РекIелъ щибжо гьунареб?
Гьел рихьун дида лъана,
Дунял цIун буго ЦIада:
Нусго цIараки гуро,
Нусго миллион буго.
Дир бусен, дир гъансито,
Дир хIасраталъул рогьел,
ТIоцебе дий чваххараб
Иххалъул иццул бетIер…
Гьанже мун гIатIилъана,
ГIащикъзабазул улка…
Дица гьалда цIар лъуна
ЦIадастанилан абун.


